|
|
 |
« Yanıtla #33 :» |
|
Avar Halk Edebıyatından alınmış "İmam Ğazimuhammadın vefatı" ("Имам ГъазимухIамад чIваялъул кечI") isimli bir şiir eseri sunarım burada, belki okumabilinler olabilirler. Bu eser XIX asırların başında imam Ğazimuhammad başta olmak üzere, şeriat yayılmak için Çeçenistana müslümanlar yapmış bir seferini anlatıyor:
ИМАМ ГЪАЗИ МУХIАМАД ЧIВАЯЛЪУЛ КЕЧI
(Маг1арул халкъияб кеч1)
Ярагъияв устар цадахъги вачун, Чуял гьалагазул боялги гьарун, Гъазават гьабизе хIасратги бергьун, ХIурулгIинзабазде гIишкъуги бергьун, Аллагьасул гъази – ГъазимухIамад Гъираялда щвана доб Чачаналде. Макка-ХIарамалде ХIабиб гIадинан, ХIасраталда ана Гудермесалде. Росаби чурхъана, Чачан хIинкъана, Чанги залимасул бетIер къотIана, ГIалимзаби ахIун, вагIзаги гьабун, ХIабибасул тIарикъ тIокIкIинабуна. Гудермес рагIалде байрахъалги чIван, Чачаназул улка кверде босана. Щунусго хъазахъгун бахъараб ахIи, Хъвехъун гIурдаде ран, бидул гIор тIуна. ЧIахIиял аскарал сверун лъугьиндал, Нахъ вуссана имам, аскарги бачун. КIиябго гIарада Баяниб хутIун, Анин рагъул гъалбацI Ярагъиявгун. Рихьуниб кIкIалахъе рештIенги гьабун, Хандакъал рухъизе къасдал гьаруна. Цере сангарал гьарун савмагIа базе БецIаб къварилъухъе къукъа тIамуна. Хандакъ лъугIилалде гIурусазул бо Салдар цеве тIамун, тIаде гIунтIана. Рукъзал тIуралелде тIадмагIардаса ТIогьилал байрахъал парпазаруна. Гьенисаги вахъун сабурав имам СургIаталда ана инсул росулъе. Дирго азбаралъув шагьидлъилилан, Щулалъи гьабуна гъазаваталъе. Гендерил кIкIалахъе галмал гьаруна, КIкIал къваридунибе къадал хIалтIана. Галамалда хадур халватал рухъун, Хвел бокьараб жайран жаниб лъугьана. Цо аздагьо ана кьурул ракьанде, Кьуру беганиги, бер къвакулареб. МугIрул бис бегана сиялда нахъа, Сахаб аскаралъе цохIо жиб гIолеб. Анин аслангъаплан гъулгъудилаго, Гъваридаб кIкIалахъе тIанчIиги рачун. РештIарабин гъалбацI гъазаваталъе, Гъира бугелщинал цадахъги гьарун. Мунапикъзабазул къукъагун цадахъ Пахов киназ щвана галмида цеве. ХIисаб-суал гьечIеб салдатги бачун, Салдарзаби ана азбаралъуре. Цо итни къоялъул бакъбаккул гIужалъ Рагъул кор боркьана капурзабаца. Бакъани как ахIун, какал разегIан, Кор свине биччачIо бусурбабаца. Рагъул хIал бергьиндал хIакъав гъазияв, Гъазават гьабизе гъорлъе лъугьана. Мушавараялъе Шамилги ахIун, ШаргIалда рекъараб низам гьабуна. ТIохабазде рахун, картIал рахъана, КартIахъан тункIал ран, тIад цIа бакана. Гъоркьан гIемер тункун Шамилил туманкI Щибго бакI гъур-гъурун, гъоркьго хутIана. Астагъпируллагьин тавбуги гьабун, Тиршун кIанцIун ана ГъазимухIамад. ВацгIал хвараб нухда хвезе инилан Хадувго кIанцIана СултIанмухIамад. ГIурусазде тIаде щун вахъиналде Щвана къадаралде Гъазил байзави. Мунапикъзабазде квер бегьичIого, Ккана чIабаралде диналъул хIуби. ШаргIалъул халипа хвезе вегидал, Халикъасул зобал багIарлъун ана. ГIаламалъул имам къанщулеб къоялъ, Къаданиб коцозе Расул вачIана. ГъазимухIамадил ругънал рихьидал, Имам Шамилидги гъуждул гурана. Лъел гIодобе рехун, хвалченги босун, Рохьил гъалбацIгIадин гъорлъе лъугьана. КIалтIа чIун ватарав цо салдатасда, КIутIби рортизарун, гьурмалъ кьабуна. Цеве кIанцIун щварав мунапикъасда, Къолол квартIа гIадин, гIадалъ кьабуна. Салдатас речIчIараб ганчIил кутакалъ КвегIаб кIигъежалъул ракьа бекана. ГIемер унти цIикIкIун, багьадурасул Аллагьан абураб гьаракь борчIана. Гьединал ругъналгун гъури балебго, ГъалбацI батIалъана бода жаниса. Кереналда чIвараб хочол ругъуналъ БухIараб хIохьел пун, хьихьун ватана. Радал чуги кьолон, ЦIоралъул айгъир, Чияда лъачIого, рокъове ана. Генуб анкъги бахъун, инаралзаби Имам валагьизе руссун рачIана. Жидерго росулъа мунапикъзабаз Баян гьабун кьуна ракьа кодобе. Фазаал рецIцIулеб моцI гIадаб лага Гьод бекун, чода къан, къотIанин цебе. Бехе Таргъуялде талавурги лъун, Теркалъул аздагьо бана гIорода. ЦIан щван, лугби къотIун, хамалаг гьабун, Хирияб къаркъала бакъвазабуна. ГIемерал къояца бакъвазеги тун, Вукъизе тана мун Таргъу ракьалда. Шамил имамлъун тун, Таргъу бахъидал, Вахъун лъуна имам инсул сверуда. ГIорода ваниги, гIелмудул ралъад, Кьер дур хисунгутIи сиррияб хIикмат. Вакъвазе таниги, къаналъул мегIер Карамат унгутIи кинаб гIаламат?
|